Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Yersinia pestis Yersinia pestis , электронияб микрофотография
Yersinia pestis (Lehmann and Neumann 1896) van Loghem 1944
"Bacterium pestis" Lehmann and Neumann 1896[ 1]
Yersinia pseudotuberculosis subsp. pestis (Lehmann and Neumann 1896) Bercovier et al. 1981 [ 1]
Ошибка Lua в Модуль:Wikidata на строке 301: Функция для отображения значения не найдена..
Ваба́алъул гӀучӀ , Йерсиния пестис (Латин : Yersinia pestis , цебегӀан Pasteurella pestis ) — грам-негативияб , багъардахъулареб , коккобациллияб бактерия , жиндир спорабиги гьечӀеб, Yersinia pseudotuberculosis ва Yersinia enterocolitica бактерияздаги хурхараб. Гьеб буго факультативияб анайробияб организм , жибги инсанасде базунеб бакъбаккул хъутагӀонкӀкӀол чӀодотада (Xenopsylla cheopis ).[ 2] Гьелъ лӀугьинабула вабагъ унти , жиб сабаблъун Вабаъалъул тӀоцебесеб пандемия ва ЧӀегӀераб хвел , тарихалда жаниб бищун хвеял цӀикӀкӀараб пандемия, рукӀарал. Вабаъалъул букӀуна лъабго аслияб форма: пневмонияб , септицемияб ва бубонияб . Лъабабго форма, гьанжесел сахлъизариялъул тадбирал гьаричӀони, лӀугӀула хвеялдалъун.
Y. pestis рагьана 1894 соналъ, Гьонг Конгалда вабаъ багъарараб заманалда, Александр Йерсиница , Пастерил институталъул Швейцар/Паранс тохтир ва бактериологчияс .[ 3] [ 4]
Yersinia навгӀ ккола грам-негативиял коккобациллабилъул, 1,5 мкм халалъиги бугел. Анилиналъул релъеназ белъуна биполярго (цӀикӀкӀун интенсивго — рагӀа-рагӀалда). Гьезул буго ферментативиябметаболизм. Y. pestis гьабула антифагоцитарияб ченч. Култураялда багъардахъулареб гьею бактерия лӀугьуна багъардахъулареблхун рахьхахулезул чорхолӀе ккедал. Патогеналъ гӀодосел температураби, цӀорозаби; амма манигӀаб гьечӀо бакъвазабиялъе, багӀаризабиялъе, хекко хола дезинфектинабуни ва гьалдезабуни.
Халип:Wikispecies
Халип:Грам-негативиял бактериалиял унтаби
Халип:ЧӀутӀбуздаса рахунел унтаби
Халип:Taxonbar