Перейти к содержанию

ТӀахьалхана

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал
Машгьураб БритІаниялъул музеялъул цІалдолеб зал (рагьана 1857 соналъул авалалда)

ТІахьалхана (грек. βιβλιοθήκη / bibliothēkē, бачIана гьал рагIабаздасан: βιβλίον / biblíon «тІехь» ва θήκη / thēkē «цІунулеб бакІ») ккола — жинда жаниб зарбуялда рахъарал ва квералъ хъварал тIахьал ракІарулеб ва цІунулеб идара, гІаммаб куцалда жинда жаниб бугелдасан мукагІат босизе рес бугеб. Нилъер заманаялда цIикIкIун машгьурлъулел руго тІахьал гурелги аудиокассетаби, видеокассетаби ва электрониял тІадраччал (CD-ROM, DVD-ROM) цІунулел тІахьалханабазул фондалги.

Франсиялъул Алансоналда бугеб икълимияб тІахьалхана, бана 1800 соналъ

ТІахьалханаби рукIуна:

  • Пачалихъиял
  • Муниципалиял
  • Хасал
  • Хъизаналъулал
  • ЦІалул

ва гь. ц.

Универсалиял тІахьалханабазул социалиял тайпаби:

  • ГІаммаб
  • Беццазе
  • Лъималазул
  • ГІолилазул
  • Вузалъулаб
  • Академикияб
  • Хасал хъулухъазул
  • ва цогидал

Хасал хъулухъазул тІахьалханаби рукIуна:

  • Медицинаялъул
  • Росдал магІишаталъул
  • Техникаялъул
  • Художествоялъул
  • ва цогидал